Унге ЦIорой

Сеймур Ханаев
Унге ЦIорой

ЦIоралъул мугIрузул берцинаб жайран,
ТIад юссун унге мун дунги анив тун.
Духъ ккараб рокьуца бухIулеб рекIел
РахIатги хIалхьиги билун буго дир.

Гьенир борхалъуда роржунел цIумаз
Нагагь мун хъамуни, ясай, дун хвела.
ГIурччинаб харилъе тIегь гIадинай мун
Цойгидас тIунани кьогIлъила гIумру.

Мун Алазан гIурул гIарцулаб ччугIа
Чидал лъорой унге, угьдулев дун тун.
Бакъвайги Алазан, бакъвайги ралъад,
РекIей йокьарай мун дие щвечIони.

2005 сон МахIачхъала