Дал мехал

Сеймур Ханаев
Дал мехал (цо хIерав чияси сайгъат)


Рахъилъиги сонал, кIалъиги моцIал,
КIинчIу дир рекIенса дур бакI, гIазизай.
Тирилъиги дунял, кIалъиги гIумру,
ГIолса чIала рекIехъ духъ хьараб рокьи.

Цояб бох хIабану щалъиги жеги,
Аб мун якьиялъул ахирлъи щинчIу.
ГIазрагIил бизарлътун кер цIахьалъиги
Кер цIатун дур пикрулъ рахIатса тинчIу.

Берда цере чIала дал гIолал мехал,
Мун бицу ракI-рухIги бахъу кьун мехал.
Берда цере чIала нижер гедеял, -
Амма руссануру цожи дал мехал.

Мун бикьад гьуюри дур бубад диса,
Дун мискинав бицун, чадакъав бицун.
Бикьалъиги дуса, тIелъиги дуса,
ТIечIу рекIел хурхин дуса кидаги.

2005 сон махIачхъала.