Макьуйищ бугеб гьаб, хIакъаб жойищ гьаб?

Сеймур Ханаев
Макьуйищ  бугеб гьаб,  хIакъаб жойищ гьаб?



Макьуйищ  бугеб гьаб,  хIакъаб жойищ гьаб? –
Базабула гъаргъар гьалъ дир чорхода.
Бокьилаан дий гьаб макьу батизе!
Бокьилаан, ВатIан…    амма бихьана!

   Дида цIум бихьана кваркьаби рекун,
Ракьалда хъапдолеб, хъибихъун, ццехон.
Дида къверкъ бихьана кваркьаби рижун,
Жиб камилаб хIинчIин зодихъ къвакъвалеб.

Дида бацI дандчIвана чиякъаб хIалалъ,
Чакълил рехъеналгун багъун свакараб.
Чакъалги бихьана ханлъун лъугьараб,
Рохьазул бетIергьан жибин кьварараб.

Гьаб кинаб гIасилъи, кинаб чIамучIлъи,
ЧIухIараб Дагъистан, мун кверде араб?
ГъалбацIазул ВатIан, цIумазул тIалъи,
ЦIар кинаб дуй кьелеб? – абе дуцаго!

Имамазул улка, шагIиразул ракь,
Дуниял бахилаб букIараб улка,
Дур цIар хвезабулел, хIурмат бихулел,
ХIалихьатал цIукIби   – гьал киса щварал?

Бахъиги, хъамиги, хIахIда – хIусудги,
Хиралъараб куц щиб гьал вахьуразе ?
Халкъалъ къабихIлъилъун рикIкIунеб гьабун,
Гьал цIортIолал кинал чIухIун  тирулел?

Кибго би, кибго би, кибго рагъ, чIвай – хвел,
ЧIухIизе ихтияр лъилгIаги бугищ?
Чидал эбел – яцал гIодизе гьарун,
Роххел – пахру кинаб  къватIулжоязул?

Мун къварид бихьула, мун квеш рагIула,
Бай ахIи Шамилихъ, – дур имамасухъ.
Досул хвалчен лъикIан гьанже гьазие, –
Гьал гIамал кIудиял хъахIбачагIазе…

Дида ритI бихьана жакъа, дир ВатIан,
Дур гьаниб хIакъирлъун, бахчарулаго;
Хвасар гьабеян жиб гьелъул беразулъ
БукIана цо гьари, – дида бихьана!