Вилизе тоге дун, Аллагь!

Сеймур Ханаев
Вилизе тоге дун, Аллагь!


Вулулев вуго дун дуниялалда,
Дида дунго, Аллагь, гьечIо ватулев!
Дуниял кIудияб, нухал гIемерал –
БитIараб нух буго дие бокьараб!

Дида цебе буго миллионаз нух,
БитIараб цо буго –  дидаги лъала!
Миллионаз руго нух малъулелги
РитIулаго килшал доре – гьанире.

ЧанцIул хъиршаниги путеводитель –
БитIараб гьабилан гьечIо хъвараб бакI!
Рицатал томазул чанги – чан тIахьал –
Щибалъулъ цо – цо нух буго беццулеб!

Дун дунгун хутIула –  аскIов чи гьечIо.
Гьалула гIадалъ нах, хIаллъула дий дун.
ХIинкъула, черхалда сири бала дир,
Бахъулаго гали мекъи ккелилан.

Рохьоса цIул гьабун тIад вуссунаго,
БецIаб рохьил нухда мискин кинигин,
МахIрум гьечIониги канлъдае нухал,
Гьезда дун къосула къад къоялъгицин.

Сапаралда вугев аппараг гIадин,
Дунги щола чанги нухбикьиялде,
Балагьула гамачI цо хIухьбахъизе,
Дица дирго квераз буххула бетIер!

РикIкIун лъугIуларо гIумрудул нухал –
Дий кумек кье, Аллагь, камилаб кквезе.
Я Халикъ, БетIергьан, гьабуге гIайиб,
Гьарулилан кумек квералги рорхун.

Канлъдал ракьалда дий кIваричIо щибго
Духъе ваччунеб нух гурони, Аллагь.
Гьале дир бечелъи, гIумрудул  магIна,
Дий къуват кье, Аллагь, вуссунгутIизе.

Я мугIаллим, шагIир, яги хIалтIухъан,
БатIалъи щиб бугеб щив вугониги!
Щулияб кье иман, БетIергьан Аллагь,
ТIолабго гIумру Дуй сайгъат гьабизе…