Ясал

Сеймур Ханаев
Ясал

Дун киве аниги, кив вугониги,
Вуго рекIелъ цIагун нужер пикрабаз.
Бакъ тIерхьуна – сордо, бакъ баккула – къо, –
Къвакъалев вуго дун нужер хивалаз.

Огь ясал, огь ясал, нуж хIикмалъаби,
ХIурулгIинал, тIугьдул, тIугьдузул махIал.
КигIанав къвакIарав чи вугониги,
Вуго дун тIабигIав нужеда цеве.

Цояй берал берцин, балагьи берцин,
Цояй лугби берцин, чорхол куц берцин,
Цояй рагIи берцин, калима берцин, –
Каранлъ дир ракI даим кIетола нужан.

Жиб – жиб галиялда нуж данде чIвала.
Жиб – жиб галиялда нужехъ ракI цIала.
ЦIер гIадин виуна, жан гIашикълъула,
Жиб – жиб галиялда, нужеда бер ккун.

Малиго лъечIого вахъана зодив,
Зодиса нужее цIваби ретIизе.
Ралъдал тIиналдаса бахъана жавгьар,
Бакъулаб каранда нужеца базе.

БукIун батиларо гьаб планеталда
Нуж гIадаб хIикматаб цо махлукъият.
МоцIаз, соназ, веказ гурищ угьдараб
Нужехъ гIишкъу бергьун дуниял – гIалам?

Ришунго гьуинал маргьабазулъ нуж!
Ришунго берцинал къисабазулъ нуж!
Нужей хъулухъ гьабун гурищ къо унеб
Хъвадарухъабазул, шагIирзабазул?

Цоялъ ккуна къалам, цоялъ тIегь тIуна,
ТIолабго гIумруялъ дир кверацаги.
КIутIбуз кечI рикIкIана нужер рахъалъа,
Квераз нужей сайгъат гьаруна тIугьдул.

КъватIахъ нуж рихьула, нухда рихьула,
Сапаралъ рихьула, – кирго рихьула.
Кинаб дир къо бугеб, къаси вегигун,
Гьуинал макьабалъ нуж рихьуларел?

Даргиязул гьайбат, тумазул недегь,
Нугъаязул берцин, лезги меседо,
МагIарул хIурулгIин – хIайранал ясал,
Нужеца чIухIичIищ гьаб МахIачахъала!

Цояй пахруялда чIухIараб ретIун,
ЧIурканаб керен – куц бихьизе гьабун.
Цояй тукадаса тIеранаб бищун –
ТIеренаб лага – черх лъалеб хIалалда.

Дицани йищана Дагъистан сверун
Ракьалда тIегь гIадай, зодий бакъ гIадай,
ГIадатай мугIрул яс, нилъер гIадлудул,
Нилъер гIадлуялда ретIун хьвадулей…