Къабахчолиялъул мугIрул

Сеймур Ханаев
Къабахчолиялъул мугIрул …

ГьитIинаб лъимер - дун, къо бахъун гIуна,
ГIадамазул берда цеве, лъалаго.
Жеги дий бицуна мадугьалзабаз
Дун гIураб куцалъул, лъимерлъиялъул.
Дир лъимерлъи, дир гIей, цо маргьа буго,
Бокьун бугищ лъазе, гIенекке дида.
Эбелалъ кинидахъ кучIдул ахIана,
Гьуинал макьаби дие рештIарал:
Лаилагь илалагь, кьижа дир месед,
Мун кIудияв гIеяв, дуниял щваяв!
Лаилагь илалагь, кьижа дир лъикIав,
Дур ракIалъ йищарай ячила дуе!
Лаилагь илалагь, кьижа дир хирад,
Я БетIергьан Аллагь цIуне гьав дир вас!..
Жегиги ракIалда буго дир хутIун,
Хирияй эбел, дур дий рикIкIараб кечI,
Чангиги чвердараб, чвердизавураб
Жеги школалде хьвадуларев дун:
«Лъим бехее,
Вас эхее,
Квешаб лъудуй,
ЛъикIаб гьанай,
ГIе кIудав вас,
Щва гIакълута»…
РикIкIани гIумруялъ лъугIизе гьечIо
Дий къойил эбелалъ ахIарал кучIдул.
Гьединан бахъана гIанчIаб лъимерлъи,
ГIазизай эбелалъ кучIдулги ахIун.
Цо къоялъ вахъидал бихьана дида
Цо мугIрул щобалде вахъун щваравлъи.
Дида лъана росу гъоба бихьулеб
Дида лъана чагIи рикIкIадасанго…
…Белоканиб росу - дир Къабахчоли
ГIурччинал мугIруца сверун тIамураб,
ТIугьдузул махI буго кибго тIибитIун
Их буго берцинаб – алжаналъул их.
Рорхалъуда цIумал руго роржунел
Жеги борхалъуда бакъ буго гвангъун.
Рахъ - рахъалдасанги мугIрул чундузул
Угьи буго щолеб дир гIундузухъе.
Булбулазул бакъан- бокьулеб дир кечI
Берцинго чваххулеб буго кибего.
Дун цохIого вуго, аскIов чи гьечIо
Киве дун вилълъинев – пикру гьабуна.
ТIогьдейищ вахъилев, ахалъудейищ?
Киве дун вилълъани дун витIун ккелев?
Дун гIемер ургъичIо, гIенеккун чIечIо,
Дица къасд гьабуна тIогьде вахъине.
Жиб- жиб галиялда тIахьал ратана –
КIолароан ине гьел цIаличIого.
Цо чанго сон бана дун тIогьде щвезе
Цо чанго абидал т1олго дир сонал...
ТIогьде щведал эбел ятана гьений,
ГIажагIиблъана дун эбел йихьидал:
- Дуца щиб гьабулеб, мун киса гьаний?
-Дун кидаго дуда аскIой йикIана…
Гьанже балагье мун, гIенекке дида
Цо балъгояб хабар буго бицине.
Эбелаллъ цо нохъо бихьизабуна,
Вилълъа мун гьениве дудаго лъалин.
ГIатIхарав чи гIадин, жо цIехечIого
Нохъодул кавудахъ бох лъуна дица.
Цо дагьав вилълъиндал батана дида
Нохъодул къадазда бикIараб цо хъвай:
«МагIарул халкъалъул кочIол Хазина»…
Гьеб мехалъ дир росдал годекIаналда
РукIана хараби дир хабар бицун.
Къабахчоли мугIрул бакI гурин цояв,
Нилъер мугIрул гьечIин хадув цоявги,
Кинаб мугIрул росдал гьес бицунеблъи
БичIчIичIилан жинда цоявги чIана.
Цоясги абуна жинда лъаларин
Хазина батарав нилъер цоги чи.
Амма цо вахъана цеве вахъарав –
МугIрузул тIогьазде гьес квер битIана:
– Гьал мугIрул лъил ругел бице гIадамал,
Гьел чидал ругилан лъица абулеб?
Гьеле нилъер мугIрул, васас бицунел,
МагIарулал ругищ гьал нилъги ругел?
Гьанже нилъеца цIар хисунищ бугеб?
Нилъерго мугIрулги ричунищ ругел?
Хазинаги буго щибаб бакIалда
Батулев чи амма дагьав вукIуна…


* * *

ГIадамал лъаларо гьал дир кучIдул, дун
Дунялалда сундуй мустахIикъ ругел.
Амма буго къотIи, дун вуссунареб,
Дун чIаго вугогIан кучIдул рикIине,
Гьаб дир росдал бицун, мугIрузул бицун,
МугIрул улкаялъул цIар жаниб рехсон.
ГIагараб дир тIалъи, ВатIан Дагъистан,
«Бесдалаб дир росу», дир Къабахчоли,
Дун зодиса бакъ тIун духъ щолев гуро,
Гьединаб гьунарги жеги дир гьечIо.
ЦIвабзазул квацIиги дуй къачIан гьечIо,
Зодиве вахъизе гьечIо кваркьалги.
Дун гьаб дунялалда кIоларебшинаб
КIолиланги чода рекIарав гуро.
Амма дир кучIдузулъ, каранлъ дир рекIелъ
Ракьалда алжанги, зодиб бакъги мун.
Дица дир ахIулел, рищун берцинал,
Сариназул квацIи буго дуй къачIан.
ВахъичIониги дун борхатаб зодив
Зодиса бакъгин моцI дуй тIун бачIине,
Яги цIваби ретIун квацIиги гьабун,
Камилаб дир ВатIан, духъе битIизе,
Вуго аммаги дун чIаголъиялъго,
ЧIухIараб дир ВатIан, дуй хъулухъалда.
Гьебго хъулухъалда тIамила гIумру
ГIарац – месед бокьун хисиларо гьеб…