Эмен

Сеймур Ханаев
Эмен

ГIагарав дир эмен, дир мугъ чIараб бакI,
Дир гьаб тIинаб сайгъат къабул гьабун те.
Дуде кечI гIумруялъ гьабичIониги
ГьечIо лъачIого дун дур къадру- къимат.

Дир гIумрудул бецIал сухъмахъ нухазда,
Сунареб чирахълъун вуго мун дие.
Чиякълъи рештIиндал, къварилъи щведал
Дур цо рагIи гIола дир ракI къвакIизе.

Кидаго дий кьурал дур насихIатал
РачIуна дир хIалай, дий захIмат ккедал.
Дий кьураб камилаб дур тарбияялъ
Дида битIараб нух бихьизабула.

Дида кIоченаро, хирияв дада,
Дол мискинал къоял, къваридал къоял.
Нижей гIоло, дада, дуца цIараб къо!
Рекъел кIочарал гьел захIматал саназ.

КигIан ццеханиги, мун вагъданиги,
Даим ракI бухIана дур лъималазухъ.
ДандчIвана кидаго дида мун, дада,
Дун рокъов кватIидал данде вахъарав.

Дий бокьулароан дун гIун вугилан
Дида данде вахъи хIажат гьечIилан.
Абулаан дуца, нуж дий лъималин
Лъабкъого сон нужей гIуниги, дир вас.

Инсуй лъимал лъимал ругин кидаго
ЧIахIиязул аби буго битIараб.
Къваридаб заманалъ, захIматаб къоялъ
Мун дида даимго ватула аскIов.

КигIанав гIуниги жегиги, дада,
Дур малъа- хъваязухъ хIажалъула дун.
Бокьула дий гьанже цо- цо заманалъ
Нахъеги лъимерлъун вачIине духъе.

Гьанже къоло ункъго сонил гIорхъида
Даим хIасралъараб эркенаб къоялъ,
Дир рекIей, пашманаб аппараглъуда,
Дудаса рикIкIалъи буго бакIлъулеб.

ХIалал, хIарам дида дуца малъана,
Мекъаб, хIакъаб лъазе дуца малъана,
Квешалда мал базе дуца малъана,
ЛъикIалда къвал базе дуца малъана.

ГIурав вугониги лъимер вуго дун
Дуда цеве, дада, абадиялъго.
Дур буго ихтияр, батани гIилла
Босе цIал кьабе дун, гьабе дий тамихI.

Дир мекъаб гьабулеб жо батанани
Босуге тIил, дада, хIосалъ вухе дун.
Дур абурав холев дун ватанани
Дун гIин кьурун тоге, къотIе кIиябго.