Чачан

Сеймур Ханаев
Чачан

КIвар кье, кIалъалеб буго
Эркенаб Чачан улка!
«Къоялъул харбал» руго
Радиостанциялъ кьолел.

Грозныялда ругъ бугин,
Гудермесги рагъ бугин, –
РикIкIуна радиоялъ
Республика тIолабго.

Чачанав анцIго хванин
БахIарго ВатIан цIунун.
Амма холелъул цадахъ
Рачанин гьез капурал.

Жакъа жеги рагъ унин
Буго кIалъалеб Чачан,
Чананав къого хванин
Къого гIурусавги чIван.

ГIурусазе гурхIичIин
ЧIужуялги, лъималги,
Лъималги чIван ратанин
«Нагагь гьезги жал чIвалин».

Чачаназул радио,
РахIат, хIалхьи гьечIого,
Къойил чанго частотаз
Буго, свакай кIочон тун.

Цебе нахъ цо чанго кечI
Чачаназул мацIалда,
Бащдаб сагIат инчIого
ЧIвай – хвалил цIиял харбал.

Дун къойил гIенеккана
ГIасиял гьел харбазухъ.
БухIана дир керен – ракI
РагIун къойил цого жал.

Телевизор кIалъана
Щибаб каналалдаса,
Кадрал дида рихьана
РакI гъанцIулеб гьеб рагъул.

Щущахъ рарал росаби,
Рих – рихарал шагьарал,
ЧIунтун рарал минаби, -
Бурулеб кIкIуй зодибе.

Руччабазул зигарди,
Лъималазул гIоди – къай,
Къан каранде автомат
Акопалъ гIолохъаби.

КъватIахъ танкал, гIарадал, -
ГIурусазул аскарал!
КъватIахъ танкал, машинал, -
«Миллияб чачан аскар»!

РахIалъи гьечIеб гIумру,
ХIалхьи гьечIел къо – сардал,
Кире балагьаниги
Бихьулеб жужахI, балагь!

Чачан, дуда гьел соназ
Щиб хутIараб бихьичIеб!
Дур васаца, ясаца
ЦIачIеб къого хутIанищ!

Къойил цо дур рагIана.
ГIин кибе кьураниги,
Радиоялъ анцI мацIаз
Мун бухIулин бицана.

Гьебго тасдикъ гьабуна
Гьалакаб рагъул кадраз, -
КигIан дир берзул магIу
ГIанабазде гирарал!

Цо рахъалъ дур жанисел,
Цо рахъалъги къватIисел,
Къваридал дол къояз дур
Чанги тушман вукIарав.

Кибе кIанцIаниги цIа!
Кибе буссаниги цIа!
Кисанго дур ботIроде,
Рана балагьал, цIаял.

Чан «миллияв герояс»
Мун хвасар гьабураб.
Чанги «чIахIиял вождаз»
Дуе эркенлъи кьураб.

Чан «герояс», чан «вождас»
Дур ботIрода хъват чIвараб,
Бесдалъараб дур, Чачан,
Чангияс би гьекъараб.

Гуккана, мун гуккана
Дур божарал васаца.
Дур гарбида хъварсдана
Хъурумсахъал, угърашал.

Чан мунагь гьечIеб лъимер
Гьаб дуниял тун араб.
КигIан эбел гIодарай
ГIазизал цереса ун.

Чачан, мун бид лъалъана
Берзул магIилъ чвердана.
Мун гурхIичIо жалилан
ЧIарал гIаштIичагIазе.


  *       *        *


Жакъа дун духъе щвана, -
Мадугьал улкаялде.
Мун тIегьалеб бихьула
Мун гьанже лъикI рагIула.

Жеги цо – цо росабалъ
Рагъул лъалкI бугониги,
РекIелъ буго дир роххел
Рагъ – чIваял лъугIиялъухъ.

ЧIаданал ругониги
Рагъуца дуе тарал,
РахIатал дур къоязухъ
Дун цIакъ разияв вуго.

Хварал дур гьел яс – васал
Лъала нахъе щоларин.
Щун батила иншаллагь
Алжан мун цIунаразе.